ДуниялХарбал

Турциялъул шагьаралъул бетIер – магIарулав АхIмад Чинар

2013 соналъул май моцIалда бахъараб Турциялъул президентазул амруялда рекъон, Чанаккале абураб шагьаралъул губернаторлъун тIамуна магIарулав АхIмад Чинар.

АхIмад гьавуна 1966 соналда Кахраман-Мараш вилаяталъул Киреч абураб гьитIинаб магIарул росулъ. Гьесул умумул ккола 1884 соналда Дагъистаналъул МелъелтIа росулъа ГIусмани империялде гочарал мугьажирзаби.

Байбихьул лъай АхIмадие щвана жиндирго росулъ, гьоркьохъеб школа ва индустриалияб лицей лъугIизабуна Кахраман-Марашалда. 1983 соналда АхIмад лъугьана цIализе Истамбул университеталъул социалиял гIелмабазул факультеталде ва 1987 соналда лъугIизабуна гьеб юристасул дипломгун.

1993-1994 соназда АхIмад вукIана Англиялда стажировкаялда. 1995 соналдаса нахъе гьев вуго пачалихъияб хъулухъалда. Гьедин, 2005-2007 соназда гьев вукIана Истамбулалъул администрациялъул туризмалъул ва культураялъул комитеталъул бетIерлъун, 2008-2010 соназда экономикаялъул министрасул заместителасул канцеляриялъул нухмалълъулевлъун, 2011 соналдаса нахъе, цIияб хъулухъалде тIамизегIан, Адана вилаяталъул Сейхан шагьаралъул бетIерлъун.

Пачалихъияв хIалтIухъан гуревги Турциялда АхIмад лъала гьунар бугев хъвадарухъан хIисабалдаги. Гьес хъвала прозаялъул асаралги сокIкIула шигIрабиги. Масала, гьесул «Дун каймакан вукIана, дица кинабго хъвачIо» абураб тIехь Турциялда лъугьана бестселлерлъун.

АхIмадида лъикI лъала рахьдал мацIги. Гьесие цIакъ бокьула жиндирго миллат, гьелъул тарих ва культура. Гьев кIиго нухалъ щвана умумузул ватIаналде, МелъелтIа росулъе.

АхIмадил чIужу Кулсум ккола магIарулай, гьезул буго кIиго лъимер: яс ГIайишатги вас Сурхайги.

КIудияб, жавабияб хъулухъалде вахарав гьев магIаруласда, ракI-ракIалъ гьебги баркулаго, бокьун буго гьесие гьаризе щулияб сахлъиги жеги цIия-цIиял бергьенлъабиги.

Автор: АхIмад МуртазагIалиев

Кнопка «Наверх»