ДагъистанХарбалЭкономика

Дагъистаналъул экспорталъе къварилъи гьечIо

Гьал къоязда Дагъистаналъул экспорталъе квербакъиялъул центра­лъул нухмалъулев Руслан ГIабаскулиевас журналистазулгун букIараб дандчIваялда бицана республикаялъул къайи къватIисел пачалихъазе бичиялъул хIасилалда ккарал хиса-басиязул хIакъалъулъ.

«2020 соналда республикаялъ къватIисел улкабазе бичун букIана 54 миллион долларалде къайи. 2021 соналда – 68 миллион долларалде. Гьелдаго гьоркьоб ичIго миллион долларалде къайи бичулаан Украинаялде. Аслияб къагIидаялъ цIорол тахтаби. Исана январь моцIалда къватIибе бичана 2,7 миллион долларалъ цIикIкIун къайи», – ян бицана Р. ГIабаскулиевас.

Гьесул рагIабазда рекъон, гьабсагIаталда аслияблъун кколеб буго экспорталъул къайиялъул къадар гъоркьиса бичаралдаса гIодобе ккезе тунгутIи.

Кнопка «Наверх»