UncategorizedДагъистанХарбал

КидалъизегIан гьадин рукIинел? Казбек мухъалъул гIадамазде хитIаб

Ахириял соназ, батIи-батIиял программабазда рекъон, республикаялъул шагьараздагун росабалъ, гьезул «гьумер» берцин букIинабиялъе, гIадамазул рукIа-рахъин лъикIлъизабиялъе гIезегIанго хIалтIаби гьарулел руго. Гьел хIалтIаби, гьай-гьай, тIоритIулел руго нилъер районалъул росабалъги. Гьезде гьоркьоре уна нухалгун кьоял къачIай, хъил тIей, тротуарал, школаздагун лъималазул ахазе ремонтал, хIухьбахъиялъе площадкаби гьари ва гь.ц.

Нилъ киналго нугIзаллъун руго гьел хIалтIабаз росабазе цо кинабалиго чIаголъи кьеялъе ва гьездаса гIадамал рохун рукIиналъе.

Дилим росдал СултансагIид Казбековасул цIаралда бугеб паркалда лъималазе хIухьбахъиялъе площадка гьабуна. Узухъда, цого лъимал гуро гьенир рукIунел. Гьенир,

къасиги къадги, лъималгун цадахъ яги жалго, чIахIияб гIелалъул гIадамалги рукIуна. Цого гьенире хьвади гIоларо. Гьенир ругел алаталги хвезарулел ругони, рищни-къулги гьабулеб бугони, гьенире хьвадиялъул пайда щиб бугеб?

ГIемер бицуна ва хъвала рищни-къулалъул хIакъалъулъ, амма щибниги хисулеб гьечIо. Заман щвечIищ рацIцIалъи чIезабиялъул къагIидаби цIунизе?

Нилъ бусурбаби руго. Диналъ, тIоцебесеб иргаялда, нилъедаса рацIцIалъи цIуни гурищ тIалаб гьабулеб бугеб?

Районалъул культураялъул Централда цебе бакI къачIана, чIана гьенир гъутIбиги. Ахир щиб ккараб? БетIергьабаз, тIалаб гьечIого, биччан тараб гIи-боцIуца, чуяз ракьги мерхьун гъутIбиги кванан хвезаруна. Цоял къачIалел, цогиял хвезабулел ругони, хIасил щиб ккезе бугеб?

1962 соналдаса дун Дилималда вуго. ХадубцIан унеб гурони, къотIноб чу бихьулароан. Гьанже боцIул рехъабиги чуязул илхъабиги росу сверулел рукIунин абуни, мекъи ккеларо.

Гьаб макъалалда дие абизе бокьун буго росулъ ругел паркал, памятникал ва цогидалги гIадамазул рукIа-рахъин лъикI гьабиялъе къачIарал бакIал цIунулев ва гьезул жаваб кьолев чи вукIине кколилан. Гьединго, росулъ гIи-боцIи бичча-бихъан течIого, гьел гIухьбузул тIалабазде кьезе кколилан. Щивав чиясда тIадаб иш буго живго вижараб росулъ гIадлу ва рацIцIалъи чIезаби, гьеб цIуни тIалаб гьаби. Гьелъул мурадалда, лъикIаб букIинаан, цоцаде тIами гьабун течIого, киназго, цадахъ рахъун, жидерго мина-свериялда, авалалда зама-заманалда субботникал тIоритIизе ва цо-цо гъветI чIезе.

ХIурматиял районцоял! РачIа, гьаб бугеб ахIвал-хIалалъул пикруги гьабун, лъикIлъи гьабиялде руссине. КидалъизегIан гьадин рукIинел!

Автор: ХIажи Адимирзаев

Кнопка «Наверх»