ДагъистанТарих

НекIсияб Къеди – тарих, тухумал, бакIазул цIарал

Къеди ккола тIолабго магIарухълъиялда бищун бечедаб тарих бугеб росу, амма гьанжелъизегIан гьелъул хIакъалъулъ хъвараб цониги асар ялъуни макъала дида батичIо. Гьеб гIунгутIиги хIисабалде босун, дир гъира ккана Къеди росдал тарих цIехезе, гьелъул аслиял хIужаби лъазаризе.

Дир рес ккана 2014 соналъул риидал тарихчи Тимур Айтберовгун ва магIарул нуцабазул ирсилав Хъайтмаз Аварскийгун гьеб некIсияб росулъе щвезе. Ниж гьенире ахIана живго Къедиса, амма чIей Шаваялда бугев ИсмагIил ГъазимухIамадовас.

Гьенир тарихалъул нугIзал къанагIат гурони ратичIо, амма цIех-рехал гьарун, нахъа тIахьазде ваккун кIвана Къеди росдал тарихалъул цо-цо баянал роцIц1инаризе.

Жеги абизе бокьун буго Ункъракь (Къеди, Гьакъо, Сасикь, Силди, Гъоркь ва ТIад Хъваршини, Цихалахъ, Хушати, Метрада) росабазул тарих лъалел чагIазда, жидецаги гьадинанго хъварал макъалаби ритIеян, магIарул мацIалда Ункъракь росабазул тарихалъул тIехь данде гьабизе. Гьаб макъалаялдаги гъалатIал ва гьоркьоса риччарал хIужаби ратани, гьелги ритIизарун «Миллаталъул» редакциялде ритIизе бегьула.

760 сон тIубазехъин бугеб росу?

Балагьараб мехалда, Къеди росдал тарих бараб буго гьенир нуцаби чIеялда. ГIурус генерал Клюки фон Клюгенауца 1839-б соналда хъвана 1837-б соналда тушазул лъабго росу бухIанила Ункъракьалъул бодуца гьезул чIухIби – Къеди чIарал «гиназал» АмирхIамза ва Малачил — нухмалъуда гъоркь[1]. ХIажимурад Хашаев абурав гIалимчиясе Къедиса 70 сон барав ГIусманов ГIабасица 1953-б соналда бицун буго жидер росулъ чIухIби рукIанила Алдамилал абун цIар бугел ва гьев живго Алдам Аваразул нуцабазул анкьабилеб наслуялъул чи вукIанин. Гьебго росулъ Хашаевасда Хъарагиши абурав херав чияс бицун буго жив вугин нуцабазул чи, жидер рукъалъул цIарги ГIалихъиличилал бугин. Жегиги гьесго бицухъе, нуцабазул чагIи 1840-л соназда гьезулго гьендулъ рухIун руго муридзабаца. Гьезда гьоркьоса хвасарлъун буго цо чанго лъимер, гьелги аскIосел росабазул гIадамаца хьихьизе рачун [2].

Къедиса нуцабазул тухумалъул чагIаз хъвалеб буго жал кколила Алдамилал («Алдамишвили»), 1844-б соналде швезегIан Имама Шамилил кверщел къабул гьабизе бокьичIого рукIун, гьебго 1844-б соналда Къеди росуги сверун ккун муридзабаз нуцабазул чагIи чIван ругила ва гьезул рукIарал мугIрулгун ракьал байтулмалалъе кьун руго[3]. 1840-л соназда Имаматалъул хIал лъазабизе тIад къарав ГIурус генштабалъул аписар В.И. Мочульскияс хъвалеб буго Къедиб росулъ 100 гурони цIараки букIинчIин ва росулъ чIухIбилъун ругин кIиго вац – АмирхIамза («Амир Ханча») ва Малачи («Мачал») Алдамилал («Алдамишвили»)[4]. Жеги гьес хъвалеб буго Малачи 1838-б соналда Туплисалда вукIанин.

Гьел баяналги рехсон хадур роцIцIинабизе бокьилаан гьадинаб хIужаги. Цо-цо гIарабалъ хъварал асаразда батула хъвараб Абумуслимица бачараб гIарабазул аскар Хунзахъе щванила ва гьениса Суракъатил вас лъутизе ккаравила гьижрияб 654-б соналда (1256 с.)[5]. Дир хIисабалда, гьеб заманаялъ рачIарал руго нуцаби Къедире.

Росдал тухумал ва гьезул тарих

Къеди росу бикьула лъабго авалалде: ТIасияб авал, Гъоркьияб авал ва Кванхи-авал (лъар тун квегIаб рахъалда бараб росдал бутIа; гьениб тIоцебе рукъ бан букIун буго Кванхи росулъа бидвиххун вачIарав чияс). Росулъ жаниб букIун буго кIиго годекIан: ТIасияб годекIан (гьенире ракIарулаан гIолохъаби) ва Гъоркьияб годекIан (гьенир рукIунаан чIахIиял чагIи ва гьарулаан росдал данделъаби).

Къеди ругел тухумазул къадар батIи-батIияб бицуна. Мисалалъе, М. ХIусейновас Ункъракьалъул хIакъалъулъ хъвараб тIехьалда бицунеб буго Къеди пуланал 4 тухум бугин: Нуцаби, Малалал, Къуйлял, ХIамсал[6] (Гьамщал ратила, гьас мекъи хъварал). ГIаммаб къагIидаялъ дихъе кодоре щварал баяназде ваккидал ратана гьадинал тухумал:

  • Нуцаби. Гьел ккола батIи-батIияб заманалда Хунзахъа гочун рачIарал нуцабазул гIагарлъи Ункъракь мухъалда жидеца бетIерлъи гьабулел рукIарал. Бищун некIсияб гьаб тухумалъул гIаркьел ккола Алдамилал, жал гьанире, тIадегIан рехсарал баяназда рекъон, XIII-б гIасруялъул бакьулъ, Суракъатил вас Байсаргун цадахъ щварал. Гьаниб аваданаб жаниблъиялда гьазда рихьун ратила кулабазда гIумру гьабулел чагIи ва гьенибго лъарал рагIалда – цIакъ щулияб кьурул гIус гIадаб борхалъи. Гьеб борхалъуда гьез бан буго гьен (гIурус. – «замок») ва гьелда сверухъ жидерго рукъзал, сверухъ къедги бугел ва жанибе унеб кавуги лъураб. ГьабсагIатги гьеб борхалъуда бараб нуцабазул авалалда росулъ абулаКаву-йилан. Гьенибго биценазда рекъон, Имаматалъул заманалда сивунир жанир рахчун рукIарал нуцабазул тухумалъул чагIи рухIун руго, гьелда сверухъ цIаги бан. Мансур ХIайдарбеговасухъе щварал баяназда рекъон, гьеб лъугьа-бахъин ккун буго гьижрияб 1260-б соналъул шавал моцIалъул ахиралда[7] (1844-б соналъул ноябералъул бакьулъ). Гьенив вукIинчIев нуцабазул тухумалдаса КIудияв Сурхай абарав чи чIван вуго нахъа жив Шамилил наиблъун тIамарав Сасикьа Тула-ГIиса абурав чияс къегьалазул ГьагIмади росулъ (гIурус. – «село Хакмадой Шаройского района Чеченской Республики»). ГьагIмади гьесул букIун буго гIагарлъи. Нуцабазул кIиабилеб гIаркьел ккола – АмирхIамзалал. Гьел ккола, КIудияв ГIумаханил вац Гебекил наслуялъул (Гебекил 5-б наслу – Хъайтмаз ПатагIалиев-Аварский) биценазда ва Тимур Айтберовасда ратарал гIараб хъвай-хъвагIаязда рекъон, 1729-30 (гьижрияб 1142 с.) соналда жиндир эменги чIван Къедиве арав АмирхIамза абурав нуцалчиясул наслу. Гьеб соналда Хунзахъ аскIоб бугеб КIахъ росулъ ккун буго лъабго вацасда гьоркьоб кьал. Пирхарав ГIумма-нуцалил чагIаз чIван ратила (лъица лъалеб гьечIо) гьесул вацал Гьанкалавгун Туралав, вас гьесул васги МухIамад[8]. ЧIаго хутIанила Гьанкаласул вас АмирхIамза. Гьевги жиндирго кIиго яцгун имгIал Пирхарав ГIумма-нуцалилгун рекъел къабул гьабичIого ун вуго Къедиве. Гьенир кIияйго яцги (цоялда цIар Ханзада) Алдамилазе кьун руго. Жеги Нуцаби тухумалъул рицуна Сурхайилал (гьев ХIХ-б гI. гIумру гьабун вукIарав чиясдаса бачIараб цIар батила; дида ккола гьелги АмирхIамзалалги цого-цо чагIи ругин) ва БурикIилал(гьездаго Бурашилалги абула) абурал гIаркьалаби ругин абун. Нуцабазул тухумалъул чагIи руго цогидал Ункъракьалъул росабьалъги: Гьакъо – Суракъатилал (Къедиса Сурхайилазул гIагарал ругилан бицуна), Сасикь – БацIилал (гьездаго Асланбегилалги абула; биценазда рекъон 1844-б соналда Асланбег гьитIинав вас вукIиндал чIвачIого хутIана ва хадув Сасикь гочана; Къеди бицана гьев БурикIилазул чивугила); Силда – Хъазилал (АмирхIамзалал), КIванкьада – АмирхIамзалал (ХIХ-б гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда гьениве гочун вуго МухIамад абурав чи, гьелги ккола гьесул наслу).
  • Гьамщал – гьел ккола гьанжесеб Хунзахъ мухъалъул Гьамущи росулъа гочарал чагIазул наслу. Гьезул рукъзаби рукIун руго Кванхи-авалалда ва гьел некIо заманалдасаго гIияхъабилъун рукIун руго.
  • КIушкIандилал (гьездаго абула жеги ХважакIал ва Малалал; ахирисеб тIокIцIар щун буго гьезие халатаб мали букIиндал гьезул росдацаго хIалтIизабулеб букIараб). Биценазда рекъон, гьел ккола кьолболал чагIи, гьанире Алдамилал рачIараб мехалъго гьанир кулабазда рукIарал ва хадур Кванхи-авалалда ва Гъоркьияб авалалда рукъзал рарал. Ислам босилелде цере гьел гуржи-диналъул яги насраниял рукIарал чагIи хIисабалда, гьазда гуржиялги абула цо-цояз. Амма гьеб рагIи нилъеда миллат яги халкъ хIисабалда гуреб бичIчIизе кколеб, некIо гьезул букIараб насранияб дин сабаблъун щвараб цIар букIин лъазе ккола. Жеги гьаб тухумалде гъорлъе рачун руго некIо (Алдамилазда цадахъ?) Гьидалъа ва Ракьу-ГIахьвахъа рачIарал чагIи. Нуцаби нахъе тун, бищун гIадамал цIикIкIарал ва рагIи билълъараб тухум кколаан гьаб. КIушкIандилал абураб цIар Малалал тухумалъе щун батила XIX-б гI. машгьурав бол цевехъан Къедиса КIушкIантIи[9] гьеб тухумалдаса вукIиндал ва гьесул машгьурлъиялъ гьеб цIар хисидал.
  • Къойилал (цо-цояз Къуялги абула) – ккола жидер къегьалазул (чачаназул) наслу бугел, жал къойилго хIалтIулел рукIиндал гьеб цIар щварал чагIи. Цояз абула гьел къегьалазул КIеселиб росулъа (гIурус. – «сел. Кеселой Шаройского района ЧР») рачIарал ругила, цогидаз бицуна ГIачиниса (чачаназул Шобутиб мухъалда бугеб росу) кколилан гьел. БукIине рес буго гьеб кIиябго росулъа рачIарал чачанал цо тухумалде гъорлъе лъугьинеги.

Гьебго кIудияб ункъо тухум рикIкIинчIого, Къеди росулъ нахъа заманалда гьанире гочарал чагIаздаса лъугьараб чанго рукъ букIана:

  • Хоролал (даруял хурдузул гIелму лъалев чи вукIун рагIула гьазул кIудаэмен) – XIX-б гIасруялда Сасикьа вачIарав чиясул наслу. Гьенивеги гьев Ангъидаса ва гъовеги ТIидиса вачIун вугин бицуна ва гьелъие кьучI бугел гIараб хъвай-хъвагIаялги рагIула. ПалхIасил, гьал ккола жидер кьибил Гьидалъа, ТIидиб росулъа бугел чагIи.
  • ГIабулал – жал Хъварши росулъа кьибил бугел чагIийилан абула.
  • Лолонисел – кьибил кисан бугебали лъазе кIвечIо.

Бикь-бикьараб Къеди жамагIат

Жалго къедиселги къватIире гочун кIиго росдал кьучI лъунилан бицуна росдал харабаз. Цояб ккола тIадехун рехсараб ГьагIмади росуги. Гьеб буго Къедиса гочарал гIадамаз кьучI лъураб росу. ГьагIмадисел магIарулал рукIараблъи бихьизабулеб буго гIалимчIужу Н. Г. Волковалъги («В сел. Джогулда в 1969 г. мною был записан рассказ об аварском происхождении жителей еще одного шароаргунского селения – Хакмадой»[10]). ГьабсагIат Чачаналъ, ГьагIмади росдадаса тIадегIан руго чанго къедисезул рукIарал ракьазул цIарал: Гьиндухъ кули (карталда – Хиндух), Мавсарил кули (Игъадахъ магIарда нахъа), Пахъуралъул хIор (Мавсарил ва Гьиндухъ кулабазда гьоркьоб, мугIрул щобалда), МагIданазухъ (кьурулъ бахъараб лъабго нохъо-шахта буго гьениб, тIухьи ва гь. ц. маххал рахъулел рукIарал некIо замалдаго).

ХIХ-б гIасруялда гьенире Шобутиса гочарал чачаназдаса тIибитIун буго гьениб чачан (буртиязул) мацI. Гьел 1944-б соналда Гъазахъстаналде сибир гьаризегIан ГьагIмади росулъ магIарул ва чачан мацI билълъанхъун букIун буго. Хадуб 13 сонги гьениб бан, хадур чачаназда гьоркьор лъарагIлъиялда гIумру гьабидал гьезда кIочон буго магIарул мацI. КIиабилеб къедисез кьучI лъураб росу ккола гьанжесеб Хунзахъ мухъалъул ЦIелмес росу. Гьединаб бицен батана Къеди росулъ дида, хадуб гьениб нуцабазул риидал рукъзалги ран, цогидалги чагIи гочаниги гьелъул байбихьи лъунила къедисез.

ХХ-б гIасруялда къедисел чанго нухалъ доре гьанире гочизе ккана ва гьелъул хIасиллъун рикIкIине ккола гьел гьабсагIат чанго батIияб бакIалда рикь-рикьун рукIин. Гьеб иш байбихьана 1944-б соналда чачанал Гьоркьохъеб Азиялде сибиргьарун хадур. Къедисезул цо бутIа гочана чачаназул Ачхой-Мартан абураб росулъе, цогидаб – Видануб мухъалъул Шамил-кIотар колотIе. Чачанал 1957-б соналда нахъруссиндал, Ачхой-Мартаналде гочарал къедисел, гьениса рахъуна Чачаналъ бугеб Шелковской мухъалъул Коби абураб росулъе.

2002-б соналъул рикIкIеналда (перепись) рекъон, гьеб росулъ гIумру гьабулев вукIана 1505 чи, гьезда гьоркьоса 239 магIарулав (киналго – къедисел), 1168 чачанав, 63 нугъаяв, 12 лъарагIав ва 7 гIурусав. Гьединлъидал Коби росдал 16% ккола къедисел. Кобиялда аскIоб бугеб Паробоч росулъги 18 магIарулав вукIана 2002-б соналда. Гьелги ратизе бегьула къедисел. ГьабсагIат Коби росулъ гIумру гьабулеб букIине ккола 300-гIан Къедиса магIарулас. Къедисезул цогидаб бутIа, жал 1944-б соналда Шамил-кIотаралде гочарал, 1957-б соналда рахъана Салахъ (Хасавюрт) мухъалъул Яхсиб (Аксай) росулъе ва Терекалда аскIоб бугеб Шава хъутаналде (Дибиросу, яги Бабаюрт мухъ). ГьабсагIат Яхсиб буго къедисезул 50-гIан цIараки ва Шаваялда – 60-ялдаса цIикIкIун хъизан.

ВатIанияб рагъ лъугIун хадуб, магIарулал лъарагIлъиялде гочизе байбихьараб мехалъ, къедиселги цIана гIатIиракьалде. Гьединан гочун Гелбахъ (Гъизилюрт) мухъалъул ХIажидада росулъ лъугьана 80 цIараки. Гьелдаго цадахъ шагьаразде гочарал къедисезулги буго 50-гIан цIараки (МахIачхъала ва Салахъ/Хасавюрталда ращад руго гьел).

Къеди росдал топонимия (бакIазул цIарал)

(Гьаб буго дица 2014-б соналда ва мунагьал чураяв МикагIилов Р.К. 1982-б соналда бакIарараб ва баянал кьураб материал[11]).

Кулаби: Асали (сали), Гьандабури (гьеналъул буцур), Чалахо (чалидухъ), Кьурданахъа, Гъвалагъунда (гъвалаби яги лъурдул гьечIел цIани жани гъолеб бакI), Хелекь (Болъихъ мухъалъул Хелекьури росдал цIаргун релъун буго), БакъулмегIер, РицIалъ (рицIил гъветIалда аскIоб), Гъогъолкъай (гъегъ гIемераб къай), ХIажихIмалчIоралъуб (гьев пуланасул чIор щвараб бакI), БухIода (гьениб букIараб къай бухIун лъугьараб цIар), Пирирехаралъуб, АхIмадил къай, Мацилбакъда (Маци – чиясул цIар), ЦидулхIаракь (хIарахь – жаниблъи).

Иццал: МахIцараб лъим, ЦIамулъетIа, ЧIегIерлъим, ХъахIаб лъехъ.

Лъарал: Ягулда-лъар, Хелекь-лъар (Сасикь-гIоралъул кваранаб гIаркьел лъугьуна квегIиса Ягулда-лъар ва квараниса Хелекь-лъар жубан; гьеб гIаммаб лъараде тIаде цо дагьа гъоркьегIан тIаде жубала ГIансикIкIалахъан чвахулеб лъарги; гьеб кинабго жубараб лъар Къеди росдал аххада жубала Туначул лъаргун ва лъугьуна Сасикь-гIор), РицIалъ лъар (гьаб чвахула Игъадахъ мегIералдаса ва ккола Хелекь-лъаралъул кваранаб гIаркьеллъун), Асали-лъар (Къеди росдадаса цо дагьа гъоркьегIан Сасикь-гIоралъе жанибе квегIиса чвахулеб лъар; гьеб салул, бакъдал рахъалдаса чвахулеб букIиналъ Асали абун цIар щун буго гьелъие), Туначул-лъар (чвахула Сасикь-гIурулъе Кванхи-авалалъул квегIаб, бакъбаккул рахъалдаса; гьеб лъарал рагIалда букIун рагIула Тунач абурав чиясул рукъ), Чалахо-лъар (Туначо лъаралъул кваранаб гIаркьел).

Чвахилаби: ТIасияб чвахотIа, Гъоркьияб чвахотIа, Бакьулъ кIкIалул чвахи, АхIулеб кIкIалъул чвахи, ЧIикIотIа чвахи (гьениб буго цIаниялъ цIамул бакIалда чIикIулеб хъахIаб гамачI).

Сверухълъаби: ГIумар вахунеб бетIер, ХIамичо гохI, Бисулкьури (бисазул кьури; Къедиса хьунал рахъалде), Игъадахъ щоб, КъулгIадул бакълъи, Инко бакълъи, ЦIаданикь (цIадудаса цIунулеб къваниялда гъоркь бакI), ХьуцIатIа, СиватIа (ахIул си букIараб бакI), ЧагIичIвабакI (херал чагIи гьегьазда жанир кьурулъа гъоркье рехулел рукIанин абулеб бакI).

Пермаби: Инко (чиясул цIарилан абула), Бакьулъгьандабури, Асали.

КIкIалал: Лъимал хIинкъулеб кьуро, АхIулеб кIкIал, ГIансикIкIал, Гьакъоунеб кIкIал, Игъадахъ кIкIал, ГамчIихъ, ЧвахотIа, Чулсалаби (чодул сали, ай салигIадаб ракьул гъвел).

АлахIал: РицIалъ, БакъумегIер, ХIурхьохъ (хIарахь – жаниблъи), КIудияб рохь, Чурал бакълъи (Чура – чиясул цIар), Лайда рохьо (лайда – лъорпихъ; гIурус. – «черника»), БегIераб гохI, ГьетIакIичIалъ (гьетIараб кIичIал, ай свераби ругеб нухда бакI).

Рациял: ГъарцIабалъ (гъарцIи – гIурус. «облепиха»), КъулгIадухъ, Инкокъай (Инко абурав чиясул къай), Хъарайсали (Хъарайил сали, яги Хъара абурав чиясул цIар; хъара абула жеги свак гьечIев чи, яги хIайваналда), ГерегихIарахь (герегаб, ай лабалаб жаниблъи), ГIисинхурзабахъ, ХьонтIа (хьунада), Сандусхарини (сандус – харил тайпа), Хайдалхарини (ХIайда – чиясул цIар), ГохIихъ.

Рекьаби: ХIажихIмал хурихъ, Бибулатил колохъ, Бехе мегъ, Нахъа мегъ, Хабалада къадани (хабалазул къедалдаса тIадехун), ЛабалтIа, Герейханил гьабихъ, ХьуцIтIа, Нохъода, Хелекь рохьоб, Байданалда, Малачиласул колохъ, Миккалъ (микалъул рохь букIараб бакI), Гъажалда, Рихарачалихъ (бихараб рачил бугеб бакI).

Нухал: Лъебелазул нух (Гуржиялъе унеб нух), ГьетIакIичIи (Къегьалалъе, чачаназухъе унеб нух), Росдал нух (Сасикье унеб нух), ЧIамалнух (Гьакварибе унеб нух).

Зияратал: ЦIад гьарулеб бетIер, Шайхасул бетIер бекаралъуб, Будунасул чIвадихъ, Пири рехаралъуб.

Рохьал: БатIакIоса рохь (батIакIо – гьитIинаб рохь), ГьитIинаб рохь, Чуралбакъда рохь, Хелекь рохь, Инкол рохь, КъотIа рохь (гъутIби къотIулеб бакI), Ягулди рохь.

ХIалтIизарурал иццал ва адабият:

[1] Хашаев Х.М. Общественный строй Дагестана в XIX веке. М., 1961. С. 136-137.

[2] Хашаев Х.М. Общественный строй Дагестана в XIX веке. М., 1961. С. 136.

[3] Феодальные отношения в Дагестана. XIX – начало ХХ в. Архивные материалы / сост., пред. и прим. Х.-М. Хашаева. М., 1969. С. 278-279.

[4] Мочульский В.И. Война на Кавказе и Дагестан. 1844 г. Махачкала, 2012. С. 92.

[5] Шихсаидов А.Р. Дагестанская историческая хроника «Тарих Дагестан» Мухаммада Рафии // Письменные памятники Востока. 1972. М., 1977. С. 108.

[6] Гусейнов М. Союз сельских обществ Ункратль в XIX – начале ХХ вв. (историко-этнографическое исследование). М., 2006. С. 132.

[7] ХIайдарбегов М. Дагъистаналъул тарихалъул хронология. 1970-71 сс. // ГIурус гIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул (ГIГIА ДГIЦ) Тарих, археология ва этнограпиялъул Институталъул квералъ хъвараб понд. П. 3. Хъ. 1. Иш. 236 (XIII). ТI. 368.

[8] Балагье: Хапизов Ш.М. Ума-нуцал (Умахан) Великий (очерк истории Аварского нуцальства во второй половине XVIII века). Махачкала, 2013. С. 183.

[9] Айтберов Т.М., Дадаев Ю.У. Хроника Иманмухаммада Гигатлинского – текст XIX в. об истории Имамата. Махачкала, 2010. С. 26.

[10] Волкова Н.Г. Этнический состав населения Северного Кавказа в XVIII – начале ХХ века. М., 1974. С. 207.

[11] МикагIилов Р.К. Микротопонимия. Къеди, ЦIумада мухъ. 1982 с. // МацI, адабият ва махщалил Институталъул квералъхъвараб понд. П. 10. Хъ. 1. Иш. 89. Даптар 2.

Автор: ШагIбан ХIапизов

Кнопка «Наверх»