МаданиятПикру

МагIарул мацI бицине нечоге. Тимур Айтберовгун интервью

МагIарул мацI цIунизе кколеблъиги жакъа гIолеб гIелалда кIочон толеб букIинги, лъазабизе бокьулеб гьечIолъиги мухIканаб жо буго. Школазда магIарул мацI лъазабизе дагьаб заман гурони биччалеб гьечIеблъиялъулги гIемер бицуна. Кинха бицинчIого телеб магIарул мацIалда кIалъазе лъалел гIолилазул къадар къойидаса къойиде дагьлъулеб букIиналъул?

«РорчIами» кьечIого «приветилан» гьел цоцазда кIалъалел рукIиналъул? Авар мацIалда кIиго рагIи цоцада бухьинабизе кIоларин абулел университет лъугIулел магIарулазул? Гьел масъалабазда тIад хIалтIана ва хIалтIулел руго нилъер цIар рагIарал этнографал, лингвистал ва тарихчагIи. Гьездаса цояв ккола Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул преподаватель, лингвист, этнограф ва тарихчи Тимур Айтберов.

Ираналдаса тIадруссиндал гьеб пачалихъалдаги конференциялдаги хурхун кинал ракIалдещвеял ругел?

– ТIоцебе бицине бокьилаан конференция тIобитIараб Ардебиль шагьаралъул. Ардебилалъул Дагъистаналъулгун кидаго букIун буго бухьен. Жакъа гьенир гIицIго шигIитал ругилан абизе бегьула. Цебе заманалдайин абуни гьенир рукIун руго суннитал. Цоги, гьеб шагьаралда вукIун вуго машгьурав шайих СахIиуддин Ардабели. Гьевги вукIун вуго шафигIияб мазгьабалъул чи. Досул васаз хадуб шигIизм босун буго. Цере дол гIемер хьвадулел рукIун руго нилъер гьанире чабхъад. Петр I-абилесул заманалда нилъералги ун руго Ардебилалде ва 1721 соналъ дагъистанияз шагьар тала гьабун букIун буго. Дир хIисабалда, гьениб азербайжаназул бугеб хIалуциналъул аслияб гIайиб американазда буго. СШАялъ малъухъе бачунеб буго гьениб гьез политика. Лъеберабилел соназда бижизе байбихьун буго миллатчилъи. Байбихьун буго кинабго Ираналъул къагIидаялде сверизабизе, хасго гьеб гьабулеб букIун буго рагъда хадусеб заманалда. Совет Союзалъ байбихьун букIун буго доба миллияб политика цебетIезабизе, гьебго заманалда гъорлъе жубан буго Америка, гьелда ракIалда букIун буго миллияб кьучIалда Иран бикьизабизе ва биххизабизе. Исламияб революция бергьун хадуб, гьениб гIумру гьабулел киналго миллатазе ращадал ихтиярал щвана. РакIчIун абизе кIола гьениб миллатазда гьоркьоб кинабниги багъа-бачари, рагъ-кьал гьечIилан. Масала, пачалихъияб телевидениялда азербайжаназул мацIалда кIалъалеб лъабго канал буго. ТIадеги, цо халкъазда гьоркьосеб каналги буго азербайжан мацIалда. Азербайжаназе жавабиял хъулухъазда бакIалги цIикIкIунцин кьун ругин абизе бегьула. МагIарулазулги лезгиязулги бугеб ахIвал-хIалалъулги букIана гьезие интерес, нилъер тарихги лъалеб бугоан лъикIго.

Ираналдаги нилъедаги гьоркьоб бугеб батIалъиялъул бицани, абизе ккола Ираналъ хал кколин тIолалго социалиял масъалабазда хадуб, толаро бечедаздаги мискиназдаги гьоркьоб гIурхъи цIикIкIине, лъикIаблъун рикIкIунаро жидерго бечелъи бихьизабиги. Нухалги Россиялда ругездасаги лъикIал руго.

Дур хIисабалда, къватIисел пачалихъазда магIарулазул ихтиярал кин хвезарулел ругел?

– ТIоцебесеб иргаялда, халкъалъул хъвай-хъвагIай гьабулеб мехалда ихтиярал хвезарулел руго. ТIоцебесеб дунялалъул рагъул заманалда Россиялъул императорасул армиялъул мобилизациялъул управлениялъ гьарурал лъазабиязда рекъон, Азербайжаналда вукIун вуго 5I азарго магIарулав. Киналго магIарул мацIалда кIалъалелги рукIун руго. Хадусеб хъвай-хъвагIаялъ бихьизабун буго магIарулазул къадар 10 азарго чиясде гурони бахунарин. КIиабилеб суал – азербайжаназул Дагъистаналда бугеб хIал. Бугеб жоялда бугилан абун бицани, гьел рукIун руго сунитазда цере хIалтIулел рукIарал чагIи. Амма Дагъистаналда гьезие, киналго миллатазего гIадин, ращадал ихтиярал кьуна. Конституциялда рекъон, магIарулги азербайжаналъулги мацIалъул цогояб даража буго. Добайин абуни нилъер мацI гьукъун буго, гьечIо магIарул мацIалда кIалъалеб радио, телевидение, къана магIарул школал. Амма, гьаб ахираб заманалда, битIахъе бицани, лъикIаб рахъалдехун хисизе байбихьана ахIвал-хIал.

МагIарулал миллаталде данде къеркьезе ккани, гьеб лъие хIажатаб иш?

– Нижеца гьеб суалалъе жаваб балагьулаго гIемерал соназ гIелмияб цIех-рех гьабуна ва бичIчIана гьеб пантюркизмалъул идеология букIин. Доб заманалда гIурусазде дандечIеялъул аслуялда цо чанго чи данделъун вуго ва гьезул букIун буго хасаб план. Гьелда рекъон Кавказалда букIине кколаан лъабго пачалихъ: цояб – гуржиязул, кIиабилеб – эрменазул, лъабабилеб – бусурбабазул пачалихъ. Гьелда гъорлъе ине кколаан Ираналъул цо бутIа, гьанжесеб Азербайжан, Дагъистан, Чачанлъи, Ингушетия. Амма цо эрменияс гьеб план гIурусазда бицун буго ва тIубазабизе рес щун гьечIо. Суалалъе жаваб кьолаго абила, гьеб американалъулазе къваригIараб иш бугилан.

Ираналда аслияб куцалъ кинал миллатаз гIумру гьабулеб бугеб?

Дора руго персал, гьезул мацI пачалихъияблъунги ккола, татал – гьел ккола жугьутIал, амма гьел цIакъго дагь руго. Турк мацIалда кIалъалезул къадар бахуна анлъго миллион чиясде, амма дир хIисабалда, гьелги заманалдасан ираналъулаллъун лъугьине руго, ай мацIалъул рахъалъ. Масала, Ираналъул шималияб рахъалда ругел азербайжанал югалдехун гочани, гьениб гьез бицине байбихьула персазул мацI. ГьечIо гьениб кинабгIаги дандеккунгутIиги. Ираналда халкъалъул 99 процент бусурбаби ккола, гьезул 90 процент – шигIитал. Сунитал руго курдазда ва белуджиязда гьоркьор. Ираналъул Севериябгун бакътIерхьул рахъ, масала, Бакъбаккул Азербайжан, Ардебиль ва Зенджан провинциязда руго туркал.

Дагъистаналдехун щай гьезул цIикIкIараб интерес бугеб?

Дагъистаналдехун гьезул кидаго букIана гьудуллъи, гьалмагълъи. Гьанжеги цебеги гьез бусурбанчиясда цIехолеб гьечIо мун сунитавищан, гьикъула мун шафигIиявищан. Ниж щвана Тегераналда бугеб Пехлеви – шагьасул кIалгIаялда бугеб яргъил музеялдаги. Нижеда гьениб батана дагъистаниязул ярагъ, ай ХVIII гIасруялъул ахиралда, ХIХ байбихьуда ГIаббас Мирза Къажар принцасе кьурал хунжрул. Гьев принцасул букIун буго дагъистаниязулгун бухьен, хасго магIарулазулгун. Музеялда бугеб тIолабго ярагъ ккола шагьасул хъизаналъул, 1979 соналда исламияб революция ккун хадуб нахъе тараб.

Авар мацI цIуниялъул дуца цебеги гIемер бицунаан. Щиб гьабизе кколеб, дур хIисабалда, рахьдал мацI цIунун хутIизе ккани?

ГIадат буго пачалихъалъ миллияб мацI цIунулеб, ялъуни хвезабулеб. Масала, шумеразул цивилизациялъ цебетIезабулеб букIун буго жидерго материалияб рахъ, амма рахьдал мацI цIуниялде кIваркьолеб букIун гьечIо. Тарихалъ бихьизабуна шумерал тIагIараллъи. Гьелъул гIаксалде, семитаз, жугьтIаз ва гIарабаз, жидерго рахьдал мацI цIунун буго, гьединлъидалин гьел хутIунги ругел. Жакъа Дагъистаналда буго гьадинаб ахIвал-хIал: конституциялъулаллъун рикIкIунел мацIазда гьоркьоб буго къватIисеб пачалихъалъул мацIалги. Амма нилъер хIукуматалъул гьездехунги цогояб бербалагьи букIин битIараб гьечIо.

Дица гьеб тема цIакъ лъикI лъазабуна. Басмаялда рахъана гIемерал тIахьал. ГIуцIана Дагъистаналъул мацIал, культура ва гIадатал цIуниялъул фонд, дунги ХIусейн Абуевги ккола гьелъул нухмалъулеллъун. Дица кидаго абула, магIарул мацI цIунизе ккани, мисал босизе ккола Европаялъул цогидал миллатаздаса. Масала, Великобританиялъул Уэльсалдаса. Уэльсалъул халкъ 30 соналъ къеркьана жалго ругел районазда ингилис мацIалда гьаруралщинал хъвай-хъвагIаял Уэльс мацIалдаги хъвазе. Телевидениялдасан ва радиоялдасан бицунеб ва бихьизабулебщинаб рахьдал мацIалда бицизелъун къеркьана. Бегьуларищ дагъистанияз гьездаса мисал босизе? Жакъа Уэльсалда рахьдал мацIалда кIалъалел ратани чIахIиязул I8 процент, лъималазда гьоркьоб гьеб къадар бахун буго 23 проценталде. Гьелъул магIна ккола ахIвал-хIал хисулеб бугин абураб. Цогидал бакIаздаса рачIаразги лъазабизе кколеб буго гьезул мацI, школаздаги яслияздасаги малъулебги буго гьеб. Дагъистаналда миллияб мацI цIунизе ккани гьабизе ккола гьадинаб жо: тIоцебесеб иргаялда, кIиго мацIалда гьабизе хъвай-хъвагIай. Щай бегьулареб «хлеб» абун хъван течIого, магIарул росабалъ «чед» абун аскIобго хъвазе? КIиабизе, жамгIияб хIалтIиги рахьдал мацIалда гьабизе ккола. Цо нухалъ ниж Гъунире щвана Рамазан ГIабдулатIиповгун. Ана музеялде. Гьений йикIарай гIаданалъ кинабго бицунеб букIана гIурус мацIалда! Ниж долда магIарулалъ кIалъалаан, жаваб гIурус мацIалда кьолаан. ГIажаибаб жо гьечIищ шагIирзабазул, хъвадарухъабазул лъимал гIурус мацIалда кIалъай, хIакимзабазул лъималазда рахьдал мацI лъангутIи! Гьедин, мацIалъул адаб гьабичIого тезе бегьуларо. Лъабабизе, телевидениялда букIине ккола миллияб мацIалда тIубараб къоялъ кIалъалеб цо канал.

Дуца кинаб къимат кьолеб миллиял мацIазда руссинарурал мультфильмабазе?

ЛъикIаб къимат кьола! Мультикалги, фильмалги, кечI-бакъанги рахьдал мацIаздаги рагIун лъикI. Гьеб лъикIаб иш буго. Цоги, мацI цIунизе кканани, хисизабизе ккола конституция. Дагъистаналъул миллияб мацIазулги, цогидаб пачалихъалъул мацIазулги цогояб даража букIине бегьуларо. МагIарул районазда ругел школазда дарсал магIарул мацIалда кьезе ккола анкьабилеб классалде щвезегIан. Университетазда ахирисеблъун лъечIого, тIоцебесеблъун лъезе ккола рахьдал мацIалъул дарс. КIвараб кумек гьабизе ккола хIакимзабаз, щайгурелъул гьезул ихтиярал цIикIкIарал руго. Амма ахIвал-хIал хIалуцинаби гурони, гьездаса пайда букIунаро. Гьай-гьай, журналистаздаги бараб буго гIемераб.

ХIакимлъиялдаго гIадин, дир ццин бахъуна гIолилазда, хасго ясазда. Нужецаги гIурус мацI бицунеб буго. Щай нечолел рахьдал мацI бицине? МагIарул ясал чIухIизе ккола миллаталдасаги, мацIалдасаги ва гьеб мацIалда кIалъазеги ккола …

Автор: Асият МухIамадова

Кнопка «Наверх»